МагъчIваялъе рес

«Исламияб Пачалихъ»: Мужагьид Джон чIван вуго


ГIемерал улкабазда гьукъараб «Исламияб Пачалихъ» абулеб гIуцIиялъ ритIухъ гьабуна МухIамад Эмвази чIваялъул хIужа. ТIолго дунялалда гьев лъала Мужагьид Джон абулеб тIокIцIаралда гъоркь.

Гьес гъоркьлъалие росарал магърибалъул цо чанго чи чIвана. Экстремистаз жидерго интернет-журналалда лъазабуна, автомобилалде рекIарав Эмвази хIакъикъаталдаги чIван вугин гъоркьисала 12 ноябралда воржарухъан гьечIеб аэропланалдаса биччараб ракетаялъ.

Доб къоялъ хасго гьадинаб лъазаби гьабун букIана Пентагоналъ.

XS
SM
MD
LG