МагъчIваялъе рес

Цюрихалда Керри данделъана Лавровгун


Россиялъул къватIисел ишазул министр Сергей Лавровас ва Цолъарал Штатазул пачалихъияв секретарь Джон Керрица Цюрихалда байбихьараб данделъиялда гьоркьоб лъуна Сириялда бугеб ахIвал-хIалалъул суал ва 25 январалда Женеваялда рукIине ругел консультациязул план.

Россиялъул министр хисулев Михаил Богдановас абуна, Лавровасги Керрицаги гьединго гьоркьор лъезехъин ругин Украиналда бугеб ахIвал-хIалалъул ва Шималияб Кореялъул атомияб проблемаялъул суалал.

XS
SM
MD
LG