МагъчIваялъе рес

Пакистаналда 20 студент чIван вуго


Пакистаналъул полициялъ лъазабуна арбагI къоялъул радал Хайбер-Пахтунхва вилаяталда бугеб университеталъул кампусалде гьабураб гьужумалъул хIасилалда къогогIан чи чIван вугин.

ХIужа ккараб бакIалда полициялъ хасаб операция тIобитIана.

ТIаде кIанцIиялъул жавабчилъи тIад босун буго Техрик-э-Талибан абулеб экстремистикияб гIуцIиялъ.

XS
SM
MD
LG