МагъчIваялъе рес

ГIиракъ: пашманаб статистика


2014 соналъул январь моцIалдаса байбихьун, араб соналъул октябрь моцIалде щвезегIан ГIиракъалда букIараб зулмуялъул хIасилалда 18 азаралда микьнусго чи къурбанллъун ккана.

Жеги 36 азарго чи лъукъана. Лъабго миллионгун кIинусазарго чи рукъзал гьечIого хутIун, къватIивехун ана. ГIемерал улкабазда гьукъараб Исламияб пачалихъ абулеб радикалияб къукъаялъ лъабазаралда щунусгогIан руччаби ва лъимер гъоркьлъалие росун руго.

Гьадинал хIужаби рехсон руго Цолъарал Миллатазул ГIуцIиялъул хасаб докладалда.

Гьел хIужабазул мониторинг гьабун буго Цолъарал Миллатазул ГIуцIиялда цебе бугеб инсанасул ихтиярал цIуниялъул идараялъул Гiиракъалда бугеб къукъаялъул экспертаз.

XS
SM
MD
LG