МагъчIваялъе рес

Япониялъ Россиягун кIалъа-басаял халат бахъине буго


Япониялъул къватIисел ишазул министр Фумимо Кисидаца рагIи кьуна Россиялъулгун кIалъа-басаял халат бахъинабизе.

Дунялалъул КIиабилеб рагъдаса нахъе кIиябго улкаялъ ракълилаб къотIи-къай гьабун гьечIониги, диалогалъул кIудияб хIажалъи бугин. Сириялдаса ва Шималияб Кореялдаса хIинкъи щолеб букIиндал.

Россиялъ гьединал политикиял шартIазда кIвар цIикIкIараб роль хIалеб буго, ян абуна Кисидаца Токиоялда цеве вахъун.

Гьесул рагIабазда рекъон Дунялалъул КIиабилеб рагъ техникияб къагIидаялъ лъугIизабиялъе квал-квал гьабулеб бугин Курилазул чIинкIкIиллъабазда хурхараб дагIба-къецалъ.

Япониялъ гьеб территория жиндираблъун рикIкIунеб буго.

XS
SM
MD
LG