МагъчIваялъе рес

Ираналъе 32 миллиард доллар щвезехъин буго


Ираналъул Централияб банкалъул бетIер Валиуллагь Сейфица лъазабуна, Тегераналъе 32 миллиард доллар щвезехъин бугин Магърибалъ церего лъазарун рукIарал санкциял нахъе рахъун рукIиналдаса.

Ираналъул пачалихъияб телевидениялъ Сейфил рагIаби рехсолаго лъазабуна, жеги ункъго миллиард доллар пачалихъияб хазинаялъе щвезе бугин хIукуматалъул пай хIисабалда.

XS
SM
MD
LG