МагъчIваялъе рес

Цолъарал Штатазул ТIадегIанаб Диваналъ Барак Обамал гIарз гIадахъ босана


Америкалъул Цолъарал Штатазул ТIадегIанаб Диваналъ къабул гьабуна президент Барак Обамаца Аппеляционияб диваналъул хIукмуялда гьабураб гIарз.

Ноябрь моцIалда Аппеляционияб диваналъ чIезабуна иммиграциялда хурхун президентас гьабураб амру. Гьеб амруялъ щугогIан миллион легалияв гурев мигрант депортациялдаса цIунизе ккола.

Амма Конгрессалда бугеб республиканиязул коалиция гьелде данде чIана ва Барак Обамаде гIунтIизабуна президентасул ихтиярал гIорхъолъа борчIараб хIалалда хIалтIизариялъул гIайиб.

XS
SM
MD
LG