МагъчIваялъе рес

Азербайжан гIамал гьабулеб буго кризисалъукьа борчIизе


Азербайжаналъул парламенталъ къабул гьабуна экономикияб ва финансияб кризисалъукьа улка борчIизабулеб план.

Кризис баккана энергосурсатал учузлъун рукIиналъ. План цебе лъуна Республикаялъул Централияб банкалъул бетIер Эльман РустIамовас.

Гьадинаб хIукму гьабун буго разилъи гьечIел гIадамаз протесталъул акциял тIоритIун хадусала. Гьел разиял гьечIо кванил сурсатал ва цогидаб къайи хиралъун букIиналдаса.

XS
SM
MD
LG