МагъчIваялъе рес

Сириялда 400 чи викъун вуго экстремистаз


«Исламияб пачалихъ» абулеб дунялалъул гIемерал улкабазда террористикияблъун рикIкIунеб гIуцIиялъул къеркьохъаназ 400 чи викъун вуго Сириялъул машрикъалъул рахъалда. Гьезда гъорлъ гIемерал лъималги руччабиги.

КIудияб Британиялда бугеб Сириялъул инсанасул ихтиярал цIунулеб централъул лъазабиялда рекъон аль-Багъалийе росулъа рачарал гьел гIадамазул гIемерисел ккола хIукуматалъул рахъ ккурал рагъухъабазул гIага-божарал.

Рехсараб росулъ экстремистаз 85 ракълилав инсан ва 50-гIан аскарияв чIвана. Сириялъул САНА абулеб хIукуматалъул агентлъиялъул баяналда рекъон экстремистаз 300-гIан ракълилав инсан чIвана.

XS
SM
MD
LG