МагъчIваялъе рес

Ираналъул компаниязде цIиял санкциял лъазарун руго


Америкалъул Цолъарал Штатаз хадуб лъазабуна Ираналъул цо-цо компаниязе ва цо-цо гражданазде данде цIиял санкциял лъазарун ругин баллистикиял ракетаби гьаризе Ираналъул хиял букIиналухъ. Гьел компаниял ва гIадамал хIалтIулел ругин Цолъарал ГIараб Эмиратазда ва Китаялда, ян лъазабуна Америкалъул финансабазул министерлъиялъ.

Ираналде данде лъазарун рукIарал санкциял нахъе рахъун рукIиналъ Сагудиязул фондалъулаб биржаялъул акциязул индекс гIодобе ккун буго.

XS
SM
MD
LG