МагъчIваялъе рес

ХIасан РухIани вохатав вуго санкциял нахъе рахъиналдаса


Ираналъул президент ХIасан РухIаница лъикIаб къимат кьуна халкъаздагьоркьосеб жамагIаталъ Тегераналда лъазарун рукIарал жиндирго санкцияби нахъе рахъиналъе.

Гьес абуна Ираналъул атомияб программаялда хурхун чIахIиял пачалихъазулгун гьабураб къотIи-къаялъ цIиял ресал кьолел ругин тIолго дунялалъулгун бухьенал щулалъизаризеин.

Гьеб документалъ Ираналъул экономикаялъе кIудияб асар гьабулеб буго, ян абуна ХIасан РухIаница.

Рехсарал санкциял нахъе рахъун ругоан Ираналъ киналго тIаде росиял тIуразарун рукIиналъухъ. Гьадин лъазабуна 16 январалда МАГАТЭ-агентлъиялъ.

XS
SM
MD
LG