МагъчIваялъе рес

Опоозициялъе Чачанлъиялъул парламенталъул жаваб


Къадиров Рамзан ва Даудов МухIамад, Грозный, 9Июн2014
Къадиров Рамзан ва Даудов МухIамад, Грозный, 9Июн2014

Чачанлъиялъул парламенталъул нухмалъулев Даудов МухIамадил цIарадасан «Грозный-Информ" информационияб агентлъиялъул сайталда кьолеб буго гьадинаб лъазаби:

«Нижеда бичIчIулеб гьечIо Россиялъул халкъалда тIад «Эхо Москвы» ва «Дождь» гIадинал щуабилеб колоннаялъул штаб-квартираяз улкаялде рокьукълъи бижинабиялъул экспериментал щай гьарулел ругелали. Нижеда кинго бичIчIулеб гьечIо кин нилъеца гIезарурал «гьаб заманаялъул культураялъул, политикаялъул ва журналистикаялъул шендеровичал, венедиктовал, пономаревал, каляпинал, мерзликинал яги яшинал гIадинал хIаракатчагIи» Россиялъул халкъазде гьел гIалхулал ва гьоркьохъеб гIасруялъул ругинги абун гьезул гIадатал сансикъ гьаризе тун ругелали?! Лъица гьел кIигьумерчагIи-либералазе кьураб ихтияр нилъеца ва аза-азар нилъер гьудулзабаз федералиял аскаразда цадахъ Россиялъул цолъи цIуниялъе гIоло гIодобе тIураб би гьединаб букIиналда щаклъи ккезабизе?»

Хадубго гьениб хъвалеб буго гьел «информациониялгун-психологиял диверсантазул» хIаракатчилъиялъе ахир кида лъезе бугебинги. «ВатIангун байрахъ гьечIел» гьединал чагIазул мурад бугин «халкъазда гьоркьоб рокьукълъи бекьи ва ВатIан цIиял хважаинзабахъе кьейин».

Жинцаги жиндирго лидер Къадиров Рамзаницаго гIадин рикIкIунеб бугин гьел чагIи «оппозиция» гурин гьел ругин хиянатчагIийин хъвалеб буго гьеб лъазабиялда.

Шамат къоялда Россиялъул интеллигенциялъул сайталда лъазабун букIана Къадиров Рамзан хехгьабун хъулухъалдаса вахъиялъул тIалабгун гъулбасал ракIарулел ругин. Гьезда гъорлъ рукIана тIадехун рехсараб кагътида хъван ругел цо-цо цIаралги.

XS
SM
MD
LG