МагъчIваялъе рес

Ираналдаса рахъун руго киналго санкциял


Ираналъул президент ХIасан Роухани
Ираналъул президент ХIасан Роухани

Ираналъул президент ХIасан Роуханица разиго къабул гьабуна Тегераналде данде рукIарал халкъаздегьоркьосел санкциял нахъе рахъи. Гьес абуна дунялалъул цере тIурал улкабигун Ираналъул атомияб программаялда сверун гьарурал къотIияз гьесул улкаялъе рес кьунин тIолабго дунялгун гьоркьорлъаби церетIезаризейин.

Парламенталда цебе кIалъалаго гьатIан къоялда Роуханица лъазабуна гьеб документалъул Ираналъул экономикаялъе кьочIолаб кIвар бугин. Гьес гьединго абуна нартил нахърател кIудияб улкаялъ гьелдаса щолеб хайиралда мугъчIвай дагьаб гьабизе кколин.

16 январалда МАГАТЭялъ лъазабуна араб соналъул июлалда жиндир атомияб программаялда сверун программаялъул гIурхъабалъ гьарун рукIарал тIадеросиял Ираналъ тIуразарунин. Гьебго къоялъ Евроцолъиялъ лъазабуна Ираналдаса экономикиял ва финансазул санкциял нахъе рахъулел рукIиналъул.

Шамат къоялъ Ираналъ эркен гьавун вукIана Америкалъулгун ватIанлъи бугев чанго чи, гьездаго гьоркьов Америкаялъул «Вашингтон пост» газетаялъул мухбирги. Гьеб хIукму гьабун букIана Америкаялъулгун туснахъал цоцахъ хисиялъул къотIиялъул гIурхъабалъ.

XS
SM
MD
LG