2016 соналъул январалда «Эркенлъи» радиоялъул мухбир Нурчазул Ахилчица сапар бухьана Грузиялде. Гьаб фотогалереялда кьолел руго Грузиялъул тахшагьар Тбилисиялъул басриялги жакъаселги авалал, гIарасал, гIадамазул рукIа-рахъин рихьизарулел фотосуратал.
Тбилисиялъул некIсиябги гьанжесебги тарих суратазулъ

1
Тбилисиялъул басриял авалал. Квараниса – мажгит, квегIиса – машгьурал чIабтIил хIамамал.

2
Нарихъалаялъул басриял къадал.

3
Тбилисиялда цIигьабун къачIалеб буго мажгит.

4
Tbilisi Mall абураб дармилгун рекIелгъеялъул кIалгIаялъуб тIахьазул тукен.