МагъчIваялъе рес

Памфиловалъ инкар гьабун буго Къадировасда, гьев какаралъухъ, тIаса лъугьайин гьаризе


Россиялъул инсанасул ихтиярал цIуниялда сверун вакил Элла Памфиловалъ инкар гьабун буго Чачанлъиялъул нухмалъулев Къадиров Рамзанида, гьев какаралъухъ, тIаса лъугьайин гьаризе.

Гьеб гьарани лъикIаб букIинин абун букIун буго пачалихъияб Думаялъул депутат Шамсаил Саралиевас. Памфиловалъ абулеб буго жинда тIадаб бугин кинабго даражаялъул нухмалъулездаса Конституция цIуни тIалаб гьабизейин.

«Дун кутакалда гIажаиблъизаюна гьев дупутатасул магIна гьечIеб цебелъеялъ. Конституция хвезабулел хъулухъчагIи какиялъухъ гьезул щивасда тIасалъугьин гьарулеб бугони дун гьаб хъулухъалдаса нахъе ине ккола. Конституция цIуни гьездаса тIалаб гьабизе кколей чIужу йиго дун»,-ян абуна Памфиловалъ РИА Новостиялъе.

Гьелдаса цебе Къадировас лъазабун букIана системаялъул гуреб оппозициялдехун «халкъалъул тушбабаздехун» гIадинаб бербалагьи букIине кколин. Гьесул гьеб калам какун букIана цо-цо политиказ ва жамгIиял хIаракатчагIаз.

XS
SM
MD
LG