МагъчIваялъе рес

Азербажаналда гIемерлъулел руго социалиял суалал рорхарал акциял


Азербажаналъул Губа шагьаралда азарго гIанасев чияс тIобитIана багьаби рахунел рукIиналде ва хIалтIи гьечIолъиялде данде акция. Гьез абулеб букIана кредитал рецIизе ресги гьечIин жидер ва жидее кколеб социалияб кумекги жидее щолеб гьечIин. БакIалъул администрациялъ акция чагIи ахIулел рукIана рикьа-рихизе нужер проблемаби жидеца рагIалде рахъинарилин рагIиги кьун. Амма гьез инкар гьабун буго ва хIаракат бахъун буго Куба-Баку шагьранух къазе. Гьелдаса хадуб аскарияз акциячагIазде данде хIалтIизабун буго магIу бачIинабулеб газ ва гьезда лъим речIчIизабун буго. Шагьаралда кьваризарун руго хIинкъигьечIолъиялъул тадбирал ва гьенире унеб нуха лъун руго полициялъул чIовудабакIал. Гьедин лъазабулеб буго Эркенлъи радиоялъул Азербажан хъулухъалъ.

13 январалда Азербажаналъул чанго мухъалдаги тIоритIун рукIана социалиял тIалабал рорхарал акциял. ТIалъиялъ гьел акциязул гIайиб гьабулеб буго Мусават ва Халкъияб Фронталъул абулел оппозициониял партиязда.

2015 соналъул ахиралда Азербажаналъул валютаялъе девальвация ккеялъ рачун руго багьаби рахиналде ва хIалтIул бакIал къаялде.

XS
SM
MD
LG