МагъчIваялъе рес

Порошенкоца рагIи кьуна исана тIолабго улкаялда тIад сверенитет чIезабизе


Украиналъул президент Петр Порошенкоца рагIи кьуна 2016 соналда улкаялъул батIа тIун чIараб бутIаялда тIадги сверенитет чIезабизе.

«Донецк ва Луганс икълимазул оккупация гьабурал территориязда тIад Украиналъул суверенитет чIезабизе ккола»,-ян абуна гьес 14 январалда журналистазе.

Россиялъул асаралдаса Крым борчIизабиги аслияб масъала бугин абуна гьес. 2014 соналъул марталда Россиялде гъорлъе бачараб Крымалъе «деоккупация» гьабизе кколин абуна Порошенкоца, гьебги Евроцолъиялъул ва Америкаялъул халкъазгьоркьосел механизмал хIалтIизарун.

«2015 соналъул январалда нилъер мурад чIаго хутIи букIун батани, 2016 соналъул январалда нилъер мурад буго церетIей»,-ян абуна гьес. Гьелъул магIна щибали щивасда бичIчIулебги батилин тIаде жубана Порошенкоца. Гьесул баяназда рекъон, Машрикъалъул Украиналда хIукуматалъул аскаразда ва Россиялъ рахъ кколел сепаратистазда гьоркьоб 2014 соналъул апрелалдаса нахъе рукIарал рагъулал тунка-гIусиязда хун вуго 9100 чи.

XS
SM
MD
LG