МагъчIваялъе рес

Ираналъ ккун вуго Америкаялъул 10 рагъулав ралъдахъан


Ираналъул территориалияб лъелъе лъугьараб кIиго катералда вукIарав Америкаялъул 10 рагъулав ралъдахъан ккун вуго Ираналъул гIурхъаби цIунулез.

CNN ва NBC телеканалаз кьолел Ираналъул информалатазул лъазабиязда абулеб буго гьел рагъулал Персиялъул лиманалда Фарси абулеб чIинкIиллъиялда ккун ругин ва гьезда гъоркь цо чIужугIаданги йигин.

Америкаялъул официалиял вакилзабаз лъазабулеб буго гьениб ккараб жидеда лъалеб бугин ва гьеб ахIвал-хIал хехго рагIалде бахъинабизе кIвезе букIиналда жидер хьулги бугин.

Reutersалъ лъазабулеб буго Ираналъул къватIисел ишазул министрас Америкалъул Пачалихъияв секретарь Джон Керрида абунин «Америкаялъул ралъдахъабазе гьел унел рукIараб бакIалде ине рес кьезе бугин».

Пентагоналъ лъазабулеб буго гьел катераз Ираналъул гIурхъи бахун бугин ругьунлъиязул заманалдайин. Гьезул баяназда рекъон, цо катералъул мотор чIун буго ва гьеб гьороца Ираналъул рахъалде хъамун буго.

Америкаялъул рахъулал гумуз гIемерал соназ хъаравуллъи гьабулеб буго Персиялъул лиманалда. Гьебги нарт баччиялъул рахъалъ кIвар бугеб регионалда хIинкъигьечIолъи чIезабиялъул мурадалда.

XS
SM
MD
LG