МагъчIваялъе рес

Истамбулалда кьвагьи Сириялдаса чияс гьабун буго


Истамбулалда кьвагьиялъул хIасилалда хварав 10 чиясул цIикIкIунисел руго къватIисел пачалихъаздаса гIадамал. Гьедин лъазабуна Туркиялъул вице-премьер Нуман Куртулмушица.

Анкараялда пресс-конференциялда гьес лъазабуна кьвагьи гьабурав чи щивали лъалеб бугин. Гьев вугин Сириялдаса 28 сон барав чийин ва гьанже лъазарулел ругин гьесул контакталин.

Талат къоялъ ккараб гьеб кьвагьиялъул хIасилалда лъукъарав 15 чиясда гьоркьосан кIигоял захIматаб хIалалда рагIула. Зарал ккаразда гьоркьор руго Алманиялдаса ва Норвегиялдаса туристалги.

Хвалде унес кьвагьи гьабун букIана Истамбулалъул аслиял берцинал бакIал ругеб СултIанахIмадил майданалда. Полициялъ нахъчIвалеб гьечIо гьеб кьвагьи «Исламияб пачалихъ» экстремистияб къукъаялъ гьабун батизе рес букIинги.

Октябрь моцIалда улкаялъул тахшагьар Анкараялда хвалде унез гьабураб кIиго кьвагьиялъул хIасилалда хун вукIана 100-ялдаса цIикIкIун чи. Гьеб мехалдаги лъазабулеб букIана гьел кьвагьиязда нахъа «Исламияб пачалихъ» экстремистияб къукъа бугин.

XS
SM
MD
LG