МагъчIваялъе рес

ТIалибангун рекъел гьабизе ралагьулел "механизмал"


Пакистаналдаса, Афгъанистаналдаса, Америкаялдаса ва Китаялдаса дипломатаз Исламабадалда байбихьана Афгъанистаналъул хIукуматалда ва ТIалибаналда гьоркьоб рекъел гьабиялда хурхараб данделъи. Гьелъул гIахьалчагIаз лъазабулеб буго гьеб данделъиялъул мурад бугин тIалибалгун Кабулалъ ритIарал кIалъа-ралъаял гьариялъе «механизмал» ралагьийин. Гьенив Афгъанистаналъул рахъалъан вакил Джавед Фейсалица абуна жал хIадурал ругин 14 соналъ халат бахъунеб бугеб дандечIей лъугIизабизелъун жидер хIукуматгун кIалъа-ралъаял гьаризе хIадурал тIалибазул сияхI кьезейин.

XS
SM
MD
LG