МагъчIваялъе рес

Путин: Евроцолъиялъ Россиялде данде санкциял лъазари «абсурд» буго


Россиялъул президент Владимир Путиница абуна Украиналъул ишазде гьоркьобе лъугьаралъухъ Евроцолъиялъ Россиялде данде санкциял лъазари «абсурд» бугин. Алманиялъул Bild газеталъе интервью кьолаго 11 январалда Путиница абуна гьел санкцияз Россиялъе кIудияб зарал гьабунин финансазул рахъалъ халкъаздагьоркьосел базараздайин.

Гьес гьединго абуна гIурусаз гIуцун Крымалда тIобитIараб ва гьеб Украиналдаса тIезабураб референдум «халкъалъул демократияб тIасабищи» букIанин. ГIурус аскарал гьеб бащдаб-чIинкIиллъиялде рачIун хадуб тIобитIараб гьаркьалкьей какун букIана дунялалъул 100 улкаялъ.

XS
SM
MD
LG