МагъчIваялъе рес

РакIалде кковухъе, Россиялъул авиакьаби щун Сириялда школалда


РакIалде кковухъе, Россиялъул авиакьаби щун буго 10 январалда шималияб Сириялда школалда ва гьелъул хIасилалда хун буго 12 лъимер. Британиялда чIей бугел Сириялдаса инсанасул ихтиярал цIунулез итни къоялда лъазабуна оппозициялъул контролалда бугеб Аллепо провинциялъул Айн Гьара шагьаралъул школалда авиакьаби щведал лъималазде тIаде лъабго мугIалимги чIван вугин жеги 20 чи лъукъунги вугин. Гьениб кколеб бугелъул миниторинг гьабулеб къукъаялъ лъазабулеб буго Россиялъул авиакьабиязул хIасилазда 30 сентябралдаса нахъе хун вугин 2300 чи, гьезулги 800-гIан чи гIадатияб халкъалъул вугин. Москваялъ нахъчIвалеб буго ракълилаб халкъалде жидеца кьвагьулеб бугин абураб.

XS
SM
MD
LG