МагъчIваялъе рес

Мисралъул цIияб парламенталъул тIоцебесеб данделъи


Жиндир аслияб къадар исламистаздаса букIараб, лъабго соналъ цебе диваналъ хIукму гьабун биххизабун, бищараб Мисралъул цIияб парламенталъул тIоцебесеб данделъи тIобитIана гьатIан къоялда Каиралда.

Гьанжесеб парламенталда вуго 596 депутат. Гьезул аслияб къадар кколеб буго 20I3 соналда улкаялъул бетIерасул хъулухъалдаса «Бусурбаби-вацал» багъа-башариялъ вищун вукIарав МохIамад Мурси махIрум гьавурав гьанжесев президент ГIабдел-ФатахI ас-Сисил рахъ ккураздаса.

XS
SM
MD
LG