МагъчIваялъе рес

«Исламияб пачалихъ»  гIуцIиялъул 17 гIахьалчи хун вуго Афгъанистаналда


«Исламияб пачалихъ» абураб террористияб гIуцIиялъул бищун дагь босун 17 гIахьалчи хун вуго Цолъарал Штатазул пилот гьечIого боржунеб аппараталъ щвезабураб кьабиялъул хIасилалда Нангаргьар абураб Афгъанистаналъул провинциялда.

Авиакьаби байбихьараб заманалда гьеб гIуциялъул гIахьалчагIаз байбихьулеб букIун бугин «Талибан» гIуцIиялъул анкьго чиясул бетIер къотIизеян, лъазабулеб буго провинциялъул губернаторасул пресс-секретарась .

XS
SM
MD
LG