МагъчIваялъе рес

СШАялъ рагьулеб буго «Исламияб пачалихъ» гIуцIиялъул пропагандаялде дандечIеялъул идара


Цолъарал Штатазул нухмалъиялъ хIукму гьабун буго «Исламияб пачалихъ» абураб Россиялдаги Америкаялдаги ва гIемерисел цогидал улкабаздаги гьукъараб террористияб гIуцIиялъул интернет-пропагандаялде дандечIеялъул бутIа гIуцIиялъул.

Лъазабиялда рекъон, гьеб бутIа рагьизе рагIула Пачалихъияб хIинкъигьечIолъиялъул Министерлъиялда. Гьелъул бухьенал рукIине рагIула цогидал федералиял ва бакIалъулал хIинкъигьечIолъиялъул идарабазулгун.

XS
SM
MD
LG