МагъчIваялъе рес

КIиябго Корея гьанже цоцаде динамиказдаса «ахIдолел» руго


Рузман къоялда Жанубияб Кореялъ Шималияб Кореялъулгун гIорхъода кIудиял динамиказул кумекалдалъун пропаганда халат бихъинабиялде жаваб хIисабалда Пхеньяналъ жиндирго рахъалдаги лъун руго гьединалго динамикал.

Сеулалъ мадугьалазул рахъалде трансляция гьабулеб буго поп-музыкаялъул, кьолел руго дунялалъул цIиял харбал ва Шималияб Кореялъул талъи какулел материалал. Динамиказда аскIорго чIезарун рагIула гIарадаби.

Шималияб Кореялъул рахъалъ гьел динамиказул кумекалдалъун хIалбихьулеб рагIула пропаганадялъе квал-квал гьабизе.

Пхеньяналда сверун ахIвал-хIал хIалуцин хурхараб буго, гьелъ жиндирго водородалъул бомбаялъул хIалбихьи гьабунин абураб лъазабиялда.

Цолъарал миллатазул гIуцIиялъ ва чанго улкаялъ лъазабиял гьаруна Шималияб Кореялъул ядериял амбициял какун.

XS
SM
MD
LG