МагъчIваялъе рес

«Исламияб пачалихъ» гIуцIиялъул гIахьалчияс чIван рагIула жиндирго эбел


Россиялдаги цогидал улкабаздаги гьукъараб «Исламияб пачалихъ» гIуцIиялъул гIахьалчияс Сириялда гIадамазда цее чIван йиго жиндирго эбел, гьелъ экстремистаз ккураб Ракка шагьаралдаса жийгун цадахъ нахъе ин гьари сабаблъун.

Сириялъул инсанасул ихтиярал цIунулезул лъазабиялда рекъон, 20 сон барав ГIали Сакр аль-Касемица тIоцебе жиндирго эбел Линал гьариялъул хIакъалъулъ лъазабун буго тIаде. Гьей ккун йиго ва гьелде диналдаса инкар гьабиялъул гIайиб гIунтIизабун буго. 7 январалда Раккаялда Лина хIалтIулей йикIараб поятаялъул минаялда цебе гIемер халкъалда цебе ГIалица чIван йиго жиндирго эбел.

Гьеб хIужжаялъул хIакъалъулъ лъазабулеб буго социалиял сурсатазда цогидал гIуцIабазги.Амма гьеб информация тасдикъ гьабизе ресал гьанжеги гьечIо.

XS
SM
MD
LG