МагъчIваялъе рес

Ливиялда гьабураб кьвагьиялъул хIасилалда хун вуго анцI-анцI чи


Ливиялъул магърибалъул рахъалда бугеб Злитен шагьаралда, полициялъул ругьунлъиязул централда аскIоб тIад мина букIараб автомобиль кьвагьизабиялъул хIасилалда батIи-батIиял баяназда рекъон, хун вуго бищун дагь босун 65 чи. Нусго гIанав чи лъукъунги вуго.

Гьелъул хIакъалъулъ хамиз къоялда лъазабуна Ливиялъул информалатаз ва шагьаралъул нухмалъиялъ. Гьезулго баяназда рекъон, кьвагьи ккараб мехалда гьеб бакIалда вукIун вуго гьанже-гьанже хIалтIуде восарав нус-нус гIолохъанчи.

Улкаялъул тIалъиялъул рахIат хвезабун буго гьединго Россиялдаги цогидал улкабаздаги гьукъараб «Исламияб пачалихъ» гIуцIиялъ жиндирго контролалде гъоркье тIадеги территорияби росизе бахъулеб хIаракаталъ.

XS
SM
MD
LG