Тегераналъ СагIудиязул ГIарабиялде гIайиб гIунтIизабулеб буго Йеменалъул тахшагьар Санаялда бугеб Ираналъул вакиллъиялда авиакьаби щвезабиялъул. Ираналъул пачалихъиял телеканалаз бицунхъе, ракетабазул кьабиязул хIасилалда лъукъун руго вакиллъиялъул хъаравулзаби.
IRIB абураб Ираналъул телеканалалъ бачунеб буго Ираналъул КъватIисел ишазул министерлъиялъул вакил ХIосен Ансари Джаберил рагIаби. Гьес лъазабун буго, хъаравулзабазе ва вакиллъиялъул минаялъе ккараб заралъул жавабчилъи бугин СагIудиязул ГIарабиялдайин.
Reuters агентлъиялъе интервью кьолаго, СагIудиязул ГIарабиялъ нухмалъулеб рагъулаб коалициялъул Йеменалда вугев вакилас лъазабуна, Ираналъ гIунтIизарулел гIайибазул цIех-рехх гьабизе бугин.
Гьелда цебе Ираналъ СагIудиязул ГIарабиялда гIайиб гIунтIизабун букIана гьелъ, халкъаздагьоркьосел къотIи-къаязда рекъон, гьукъарал кассетабазул бомбаби хIалтIизариялъул.
Тегераналдаги Эр-Риядалдаги гьоркьор баянаб дандечIей баккана СагIудиязул Гарабиялъ шиитазул лидер ва гьесул рахъ кколезул кIикъого чи чIваялъе гIоло, Тегераналдаги Мешхедалдаги сагIудиязул вакиллъабазде гьарурал тIадекIанцIиязда хадуб.