МагъчIваялъе рес

Долларалъул багьа 75 гъурщидаса тIаде ун буго


Талат къоялда 2014 соналъул декабралдаса хадуб тIоцебесеб нухалда Москваялъул биржаялда долларалъул багьа ана 75 гъурщил даражаялдасаги тIаде.

Экономистаз гьединаб хIакъикъат хурхинабулеб буго Brent тайпаялъул нартил багьа гIодобе ккеялда. Гьеб рагIула баррелалъухъ 35 доллар.

Фондазул базаралде асар гьединго рагIула Шималияб Кореялъ жидеца водородалъул бомба гьабунин абураб лъазабиялъулги.

XS
SM
MD
LG