МагъчIваялъе рес

Германиялъулгун гIорхъода Даниялъ лъазабуна контролалъул хасаб режим


Итни къоялда Даниялъ лъазабуна Германиялъулгун гIорхъода заманалъ хасаб контролалъул режим. Премьер-министр Ларс Лёкке Расмуссеница лъазабухъе, Скандинавиялъул улкабаз жидерго гIорхъаби къалел руго, гьелъие гIоло гьезул улкаялде рачIунел мигрантазул къадар цIикIкIине бегьула.

France-Presse агентлъиялъул лъазабиялда рекъон, гIорхъабазда контролалъул режим лъазабун буго анцIго къоялъе, амма гьеб къварагIел бугони, халат бахъинабизе бегьула.

РачIунел мигрантазул къадар дагьлъиязабиялъул мурадалда, гьелда цебе гьединабго режим лъазабуна Швециялъ жибго Даниялъулгун гIорхъода. Швециялъул нухмалъиялъ лъазабуна, тIадеги цебего гIадаб мигрантазул къадар къабул гьабизе жидер ресал хутIун гьечIин.

Германиялъул КъватIисел ишазул министерлъиялъ Даниялъги Швециялъги гьарулел тадбирал какана, гьез Шенгеналъул зона биххизабизе рес бугинги абун.

Цебесеб соналда Европаялде Сириялдаса, ГIиракъалдаса ва Афгъанистаналдаса вачIана миллияоналдасаги цIикIкIун мигрант.

XS
SM
MD
LG