МагъчIваялъе рес

СагIудиязул ГIарабиялъги, БахIрейналъги, Суданалъги дипломатиял гьоркьорлъаби риххизаруна Ираналъулгун


СагIудиязул ГIарабиялъ дипломатиял гьоркьорлъаби чIезаруна Ираналъулгун Тегераналъ гьезул вакиллъиялде гьабураб тIадекIанцIиялда ва улкаялъул нухмалъиялъ гьарурал хъачIал лъазабиязда хадуб. Терроризмалъул гIайибги гIунтIизабун, шиитазул машгьурав шайих Намра ан Нимра ва гьесул рахъ кколел шиитазул 40-яв чIван хадуб гьабуна гьединаб тIадекIанцIи.

СагIудиязул ГIарабиялъул къватIисел ишазул министр ГIабдель аль-Джубейрица лъазабуна, Иранлъулгун дипломатиял гьоркьорлъаби риххизариялъул багьана хурхараб бугин Тегераналда жидер вакиллъиялде гьабураб тIадекIанцIийин.

Итни къоялда гьединабго галиялде ана БахIрейнги. Гьелъ жидерго дипломатаздаса тIалаб гьабун буго, кIиго сордо-къоялда жаниб Тегераналдаса улкаялде нахъе руссин.

Эр-Риядалъги Ираналъулгун дипломатиял гьоркьорлъаби риххизариялъе багьаналъун лъазабулеб буго Тегераналда СагIудиязул ГIарабиялъул дипломатияб вакиллъиялде гьабураб тIадекIанцIи.

Дагьалъ хадуб гьединабго галиялде жиб унеб букIиналъул хIакъалъулъ лъазабуна Суданалъги.

XS
SM
MD
LG