МагъчIваялъе рес

Афгъанистаналда бортана рагъулаб тирело


Афгъанистаналъул Логар вилаяталда гьатIан къоялъул радал бортана Ми-17 тайпаялъул гьеб улкаялъул рагъулаб тирело. Гьелда рекIарав лъабго аскарияв гIумруялдаса ватIалъана. Ми-17 тайпаялъул тирелоби ричун росула Цолъарал Штатаз. Хадур гьезул модернизация гьабун, Афгъанистаналъул армиялъе кьола.

Афгъанистаналъул тIадтараз абулеб буго гьеб тайпаялъул тирелобазда жиндирго пилотал ругьунлъанин. Гьеб гуребги магIарухъ тIоритIулел рагъулал ишазде гьеб бищун рекъолеб тайпа бугин.

XS
SM
MD
LG