МагъчIваялъе рес

Афгъанистаналъул аскарияз 59 чи хвасар гьавуна


Афгъанистаналъул яргъид гIуцIарал къуватаз тIалибазул асиралъукьа 59 чи хвасар гьавуна. Улка цIуниялъул министерлъиялъул вакил Давлат Вазирица лъазабуна, хвасар гьаруразул 39-гояв кколин солдатал, анкьго – полициялъулав ва хутIарал – гIадатиял гIадамал. Хвасаргьабиялъул операция гьабун букIана тIоцебесеб январалъул сардилъ Гьилменд вилаяталда бугеб Лашкаргах шагьаралда.

XS
SM
MD
LG