МагъчIваялъе рес

1 январалдаса байбихьун Туркиялъул кванил нигIматал тIагIинаризе руго


ТIоцебесеб январалдаса байбихьун Россиялда хIалтIулеб буго Туркиялдаса щварал кванил нигIматал гьукъиялъул къанун. Санкциязул сияхIалда рехсон руго пихъги, гьанги цогидал нигIматалги. Гьединго Роспотребнадзоралъ лъазабуна тукабахъ ва нахърателал цIунулел бакIазда хал кквей гьабизе бугин. Ратарал гьукъарал нигIматал тIагIинаризе руго.

XS
SM
MD
LG