МагъчIваялъе рес

Мюнхеналда теракталъул хIинкъи нахъ чIван буго


Мюнхеналъул полициялъул бетIер Хубертус Андрэца лъазабуна 31 декабралъул сардилъ гьеб шагьаралда къан рукIарал маххул нухлул кIиго вокзалалъул хIалтIи гьанже цIидасан халат бахъунеб бугин.

Гьабураб цIех-рехалъул хIасилалда абизе бегьулин теракталъул хIинкъи нахъ чIван бугин.

Германиялъул жанисел ишазул министерлъиялъухъе цогидал улкабазул хасал хъулухъаздаса щварал баяназда рекъон «Исламияб пачалихъ» гIуцIиялъул хиял букIанин ЦIияб соналъул байрам гIадамаз кIодо гьабулеб мехалда гьенир суицидалиял гьужумал гьаризе. Щаклъи ккун буго Сириялдаса ва ГIиракъалдаса анкьго чиясда.

XS
SM
MD
LG