МагъчIваялъе рес

ГIумруялдаса ятIалъана Дагъистаналъул цIар арай шагIир Фазу ГIалиева


Daghestan -- Fazu Alieva
Daghestan -- Fazu Alieva

1932-2016

Амма кинаб квекIен данде чIваниги,
Дугъдан ккун теркIезе тIаделъаниги,
ТIураб бакI куналда батизе гьечIо,
Гьеб цIцIел квасул гуро, цIацIан бачIине.

Гьел рарал гарцIазул, цIарал кIичIазул,
Ралъдал хIал хIехьолеб щулалъи буго,
Щулаго ккола гьелъ кIудиял ччугIби,
КIал гьакIкIан гьитIинал кваназе унел.

Гьаб бигъараб гIомо дир гIумру буго,
Бигъун букIаниги дие хирияб,
Гьелда рарал гарцIал дир магIу буго,
Бакъван инчIониги къоялъ урхъараб.

Фазу ГIалиева: "Гьаб бигъараб гIомо дир гIумру буго"​

XS
SM
MD
LG