МагъчIваялъе рес

«Бихьун лъана, дир вас, бихьун лъана...»


Нилъер халкъалда гIемераб ракъигун гIазаб бихьана. Гьелъие гIиллаби кинал рукIарал лъаларо, амма гьедин букIана. Гьедин бицуна умумуцаги. Гьаб сагIаталда нилъеца пикру гьабурабго гьедигIан мукъсанаб букIараб советияб пачалихъ ва халкъалъул яшав доб заманалъул гIадамаца къабул гьабун букIана цIакъго бечедаб гIумрулъун. Хасго беццулаан хадусел соназда "чIунхутIиялъул заман" абун цIар щвараб Л. Брежневасул нухмалъи.

Нилъеда лъалаха гьеб беццулеб заманалда чиясе лъикIаб ретIелги, гIорцIизегIан жиндир захматалъ гьабураб гIарцухъ бичун босизе нигIматалги, рекIине транспортги букIинчIеблъи. ТIубараб улка эхетун букIана бакI-бакIазда очередазда.

Чадида, рахьдада, нартида, цIамуда, чакрида хадур. Автобусалъул билет балагьун, троллейбусгун трамвай бачIинегIан, унтараб гIус бахъизе, тохтирасухъе, хIакимасухъе, парикмахерсухъе, тукенчиясухъе, хьитазул устарасухъе, ай бицун божуларо бихьун гурони.

Гьеле гьеб заманалда хIурияталдаса цебе заманаги бихьарав, ракъул соназдагун рагъул заманаялъги гIумру гьабурав кIудияв инсуца абулаан, цIакъ бечедаб заман бачIанин нилъеда тIадеян.

ТIаде цIад щолареб, бакъвараб, хинаб бусенги бугони, кваназе чедги бугони чиясе щиб къварегIунеб цойги, гьелда щукру гьабизе кколин. Гьеле гьев ракъи бихьарав кIудияв инсул магIарухъ рокъоб цагъриниб букIана рагъда цересел соназда жанибе бараб ролъ, гIасруялъул ахиралдаги цагърил тIину бихьичIеб.

Гьединаб нахърател гьабулеб букIана квешаб заман ва ракъи бихьарал умумуца. Бицуна читалъул ххамил тупал рукIанин рагъда цересел соназда кIудияв инсуца Гъумекиб базаралда хIанихъ ва гьацIухъ хисун росарал, пачалихъалъ гьарзаго ххамги биччан гъамсил тIинда хутIарал.

"Къо къойида релълъунаро, гьаб пачалихъ божи дагьаб жо буго, нилъеда бихьана алъ хIурият бергьун хадуб гьабураб, кигIан халкъ бакъизабураб" - ин киналго ригь арал чагIаца нахърател гьабулаан. ЦIам босун, гIатI босун, сапун босун, ххам босун, холареб щинаб жо буссунаан гъансазухъе.

Гьеб гъансиниб бахчараб жидер "бечелъи" къватIиб бахъизе ккунгутIиялда лъун букIана умумуца "бечедаб заман" абураб цIар. Доздаги нилъедаги батIияб яшавги, халкъги, гIумруги, гьелъул даражаги бихьичIого бугеб хIисаб букIана гьеб.

90 абилел соназда эркенаб базарги биччан, улкаялъ "маххул пардавги" нахъе бахъун кинабго дунялалъул ретIел-хьитги, квен-тIехги, нигIматалги рачIана Россиялде.

ЛъугIана тукенчагIазулгун лъай-хъваялъ босулеб къайиги, дол цересел дармил гьоркьорлъабиги. Гьанже тукенчи живго лъугьана векеризе босулесда хадув. Пайда щиб, кигIан гIемер жо тукабазда бугониги гIадамазул яшав жеги мискинго букIана.

ГIурус гIарац букIана хун, харжал рукIана дагь, росдал магишат букIана кIала-гъоркье чIван, гIолилал рукIана хIалтIи гьечIого. Кинабго улкаялъул экономика ккана тIабигIиял бечелъаби: газ, нарт, махх, цIул ва цогидабги къватIибе бичун бачIараб гIарцуда бухьараб. 2000 абилел соназул байбихьудаса дунялалъул базаралда бахине байбихьана нартил багьа.

Бареллалъухъ 8 доллар букIараб нарт хиралъана 140 долларалде гIагарун. Улка гучлъана, пачалихъалъул нахърател цIикIана, чиновниказегIан цIикIкIинчIониги, цIикIкIана харжалги гIадамазул, лъикIлъана лъаледухъ гIумруги.

Амма триллионал нартил долларал нахърател бугеб гучаб улкаялда гьеб I5 соналда жаниб кIвечIо дунялалъул базаралда конкуренция хIехьезе кIолеб, бичун босулеб, я жаниб хIалтIулеб, я къватIибе унеб къайи-цIа, квен-тIех, нигIматал, техника, автомобилал, щибниги гьабун.

Аслияб къагIидаялда гIарац ана армиялъе, полициялъе, госкорпорациязе ва чиновниказе. ГIарац хIалтIичIо гIелмуялда ва цере тIурал технологияззда.

Жакъа дунялалъул базаралда нартил багьа ахаде арабго нилъ лъугьана гъоркьгоги мискинал бюджеталъул хIалтIухъабазе моцIил харж кьезе кIолареб улкалъун.

Исана декабралда Дагъистаналда бюджеталъул хIалтIухъабазе харж кьезе гIураб гIарац рагIуларо. Прогнозал бачIунеб соналъул жеги квешал руго.

Араб риидал гIарац хвезе рагIулин телевизорал ва автомобилал росулел рукIарал гIадамал, лъагIалил ахиралде цIамдай босила, гIатIдай абулеб суалалде рачIана.

Нилъер бугеб жо хутIана ядернияб ярагъги, щиб гьабилебали лъалареб, гIоркь гьечIеб чумадан гIадинаб Крымги, гIорхъолъа ун бечедал чиновникал ва мискинаб халкъ.

Дуе гьел ххамил тупалги, цIамги кида хIажалъилеб , гьел нахъе лъеялъул магIна бугищ, щиб лъалеб гьел хIажалъизе ругищали абурабго, магIарухъ хераца кидаго абулаан: "бихьун лъана, дир вас, бихьун лъана" - ян. Лъалеб букIун буго херазда. Хабар лъикIаб рагIайги

=======================================================

Эркенлъи Радиоялъул пикру авторасул пикругун данде ккечIого букIинеги рес буго.

XS
SM
MD
LG