МагъчIваялъе рес

Бангладешалъул диваналъ хIукму гьабуна 2 чи чIвазе


Хамиз къоялъ Бангладешалъул диваналъ хIукму къотIана 2013 соналъул февраль моцIалда Дакка шагьаралда нус кьабун, архитектор ва блогер Ражаб ХIайдер чIварав кIиго чи чIвазе. Гьезул цояв цIех-рехалда лъазавун вуго.

Полициялъул баяналда рекъон гьесул хурхен буго ЖамагIат аль-Ислами абулеб радикалияб партиялда. Ражаб ХIайдерица ахIи балаан гьеб партия улкаялда гьукъиялде. Гьеб такъсир гьабиялул гIайиб бугев жеги анлъго чи жаниве тIамизе вуго. Цо-цоял – гIумруялъго.

Дов ХIайдер чIван хадусала Бангладешалда байбихьанин унго-унгояб чан. ВахIшияб къагIидаялда жеги щуго блогер чIван вуго ва басмаханаялъул цо бетIер. Низам-цIунулез абулеб буго гьеб чIвдари хасго ЖамагIат аль Исламия партиялъул гIахьалчагIаз гьабулеб бугин.

XS
SM
MD
LG