МагъчIваялъе рес

Брюсселалда ккун вуго терроризмалда щаклъи бугев иргадулав


Бельгиялда ккун вуго 13 ноябралда Парижалда гьарурал терактазде хурхен букIиналда щаклъи бугев иргадулав чи. Доб къоялъ 130 чи чIвана Франциялъул тахшагьаралда.

Гьадин хамаз къоялъ лъазабуна гьеб улкаялъул прокуротураялъ. Гьелъул баяналда рекъон рехсарав чи ккун вуго Моленбек абулеб Брюсселалъул мухъалда полициялъ гьабураб рейдалъул хIасилалда. Гьесул цIарги ригьги рехсон гьечIо.

XS
SM
MD
LG