МагъчIваялъе рес

Минскалъул къотIи-къай халат бахъине буго


Нормандиялъул ункъилабалъул улкабазул церехъабаз хIукму гьабуна Украиналъул машрикъалъул рахъалда багъарараб конфликт рагIалде бахъинабиялда бан, Минскалда гьабураб къотIи-къаялъул болжал халатбахъинабизе 2016 соналдаги.

Гьадинаб хIукму телефоналъул гара-чIвариялдалъун гьабуна Россиялъул президент Владимир Путиница, Украиналъул президент Петр Порошенкоца, Франциялъул президент Франсуа Оландица ва Германиялъул канцлер Ангела Меркелица.

XS
SM
MD
LG