МагъчIваялъе рес

Бельгиялда ккун руго терроризмалда бухьен букIиналде щакъли ругел


Бельгиялъул тахшагьар Брюсселалъул сверухълъиялда полициялъ рейдал гьарулаго ккун вуго ЦIияб соналъул байрамалда терактал хIадур гьариялда щаклъи ккарав кIиго чи.

Гьадин лъазабуна талат къоялъ гьеб улкаялъул Федералияб прокуротуроялъул канцеларалъ. Ккуразул рукъор чIухь бан, ратун руго униформаги, Исламияб пачалихъ беццулеб литератураги.

XS
SM
MD
LG