МагъчIваялъе рес

Пакистаналда - теракт. 21 чи чIван вуго


ГIага-шагарго 21 чи чIван вуго ва 50-гояв лъукъана Пакистаналъул шималияб рахъалда бугеб Мардан шагьаралда гьабураб суицидалияб гьужумалъул хIасилалда. 12 чи захIматаб хIалалда азарханаялда вуго. Полициялъул баяналда рекъон кьвагьи бахъана щивали лъаларес цо административияб минаялде жаниве лъугьине къасд гьабулеб мехалда. Жеги лъицаниги гьеб теракталъул жавабчилъи тIад босун гьечIо.

XS
SM
MD
LG