МагъчIваялъе рес

Ш.Гъубашевас инкар гьабуна жиндиралго рихьизарияздаса


Борис Немцов чIваялда щаклъи бугев цояв – Шадид Гъубашевас инкар гьабуна цебе жинцаго цIех-рехчагIазе гьабураб баяналдаса ва жинде гIунтIизабулеб гIайибалъе мукIурлъулеб гьечIо, ян лъазабуна гьесул адвокат МухIамад ХIадисовас.

Ва тIаде жубана - цIияб соналъул байрамалдаса нахъе гьес мухIканго бицила щайдай жинца живги цогидал фигуранталги гIайибияллъун рихьизарун рукIаралилан.

Талат къоялъ Чачан республикаялдаса Заур Дадаевасда, Шадид Гъубашевасда, Тамерлан Эскерхановасда ва ХIамзат Бахаевасда чIвазабун буго оппозиционияв политик Борис Немцов чIваялъул гIайиб.

Абулеб буго гьел киналго гIумруялъго жанире тIамизе бегьулин.

XS
SM
MD
LG