МагъчIваялъе рес

Анкараялъ тIалаб гьабулеб буго Газа мухъалъул блокада нахъе бахъи


Туркиялда бихьулеб гьечIо рес ГIизраилалъулгун бугеб гьоркьобакI лъикIлъизабизе ГIизраилалъ Газа секторалъул блокада нахъе бахъине гьечIони, ян лъазабуна Туркиялъул президентасул официалияв вакил Ибрагьим Калиница тIобитIараб поресс-конференциялда.

Аммаила, тIаде жубана гьес гIизраилалъулгун палестиниязул процесс щвалде щвезабиялъул ишалда Анкараялъ нахъеги гIахьаллъи гьабизе бугин. Палестиниязда бан ГIизраилалъ хIалтIизабулеб политикаялда Ибрагьим Калиница абуна, гьеб бугин оккупационияб политикаилан.

XS
SM
MD
LG