МагъчIваялъе рес

Рамади шагьар хвасар гьабун буго


ГIиракъалъул Рамади шагьар Исламияб пачалихъалъул рагъухъабаздаса хвасар гьабун буго. Гьадин лъазабуна ГIиракъалъул Яргъид гIуцIарал къуватазул вакил генерал Расулица.

Цо-цо лъазабиязда рекъон Исламияб пачалихъалъул рагъухъаби лъутун анин шималиябгун-машрикъалъул рахъалдехун.

Гьеб бугин 2014 соналдаса байбихьун ГIиракъалъул армиялъе щвараб бищун кIудияб бергьенлъи. Доб соналдаса нахъе ГIиракъалъул территориялъул лъабго бутIа гьабун цо бутIа Исламияб пачалихъалъул контролалда гъоркь букIана.

XS
SM
MD
LG