МагъчIваялъе рес

Кабулалда - суицидалияб гьужум


Афгъанистаналъул тахшагьар Кабулалда бугеб аэропорталъул сверухълъиялда, аскIоса халкъаздагьоркьосеб коалициялъул рагъулаб автоколонна унеб мехалда кьвагьи бахъун, цо чи чIван вуго, ункъгоявги лъукъана.

Цебеккунго гьабураб цIех-рехалъул хIасилалда рекъон гьеб букIун буго суицидалияб гьужум, ян абуна нижер радиоялъул афгъан хъулухъалъе аэропорталъул полициялъул бутIаялъул бетIер генерал Наваз ХIакъярица. ТIалибан-багъа-башариялъул вакил Забиуллагь Мужагьидица лъазабуна гьеб гьужумалъул жавабчилъи тIад тIалибаз босун бугин.

XS
SM
MD
LG