МагъчIваялъе рес

ТIалибаз лъазабулеб буго Россиялъулгун жидеца кIалъа-ралъаял гьарулел гьечIин


Афгъанистаналъул тIалибаз лъазабулеб буго «Исламияб пачалихъалде» данде рагъиялъул мурадгун Россиялъулгун жидеца кIалъа-ралъаял гьарулел гьечIин. Гьеб багъа-башариялъул сайталда кьун бугеб лъазабиялда абулеб буго ДАГIШгун къеркьеялъул суалазулъ лъихъан букIаниги кумек жидее къваригIун гьечIин ва тIалибаз гьеб суалалда сверун лъигун букIаниги кIалъа-ралъаялги гьарулел ва контакталги ралагьулел гьечIин.

Гьелдаса цебе Россиялъул къватIисел ишазул министерлъиялъ лъазабун букIана ДАГIШгун къеркьеялъул рахъалъ Афгъанистаналъул тIалибалгун Россиялъул мурадал цоцазде данде кколел ругин. «Интерфаксалъе» кьураб интервьюялда гьедин абун букIана Афгъанистаналъул суалазда сверун Россиялъул президентасул хасав вакил Замир Кабуловас. Гьес ракIалде щвезабуна жинца цебеги абун букIанин тIалибалгун информация гIахьал гьабизе бухьеналъул каналал ругин жидерин.

XS
SM
MD
LG