МагъчIваялъе рес

Донбассалда нахъеги рагIулел кьвагьиял


Донбассалда Россиялъул рахъ кколел сепаратистаз араб сордо-къоялда жаниб 66 нухалда кьвагьун буго Украиналъул аскариязде. Гьедин лъазабуна гьатIан къоялда Украиналъул рагъулаб операциялъул пресс-централъ Фейсбукалда жиндирго гьумералда.

Гьезго абулеб буго жидеде гьабулеб кьвагьи чIезаби мурадалда жидецаги данде кьвагьизе ккун букIанин.

XS
SM
MD
LG