МагъчIваялъе рес

Чехиялъул президент мигрантазде данде


Чехиялъул президент Милош Земница лъазабуна Европалде гьулчун бачIараб жидер улкабаздаса лъутаразул карачел –гьеб бугин «гIуцIун гьабураб тIадекIанцIийин». Гьесул пикруялда, Сириялдаса ва ГIиракъалдаса гIолохъаби Европаялде лъутичIого жиде-жидер улкабазда «Исламияб пачалихъалде» данде рагъизе ккола. Земаница гьедин абуна 26 декабралъул къаси миллияб телевидениялдасан ГIиса авараг гьавиялъул байрамалда хурхун гьабулеб каламалда. Земаница абуна жиндир «ракI чIараб бугин» 2015 соналда Европаялде цо миллионгIанасев чи лъутун вачIин гьеб «ракIалдаго гьечIого ккараб хIужа гьечIолъиялда» ва гьеб гIуцIун гьабураб иш букIиналда.

Гьес тIадеги жубана, ракI гурхIизе бегьулин, ярагъгун кодоб жидер тушмангун рагъизе кколел гIолизда гуреб, херазда, унтаразда ва лъималазда. Земанил лъазабиязда сверун дагIба-рагIи букIана ноябралда Прагаялда исламалде данде тIобитIараб митингалда гьев гIахьаллъараб мехалдаги. Чехиялъул премьер-министр Богуслав Соботкаца абуна Земанил комментариял гIуцIарал ругин «гьесда ракIалде ккараб жоялда ва кинабго бигьалъизабизе гьес бахъулеб хIаракаталдайин».

XS
SM
MD
LG